ЛъикIазул Малла-ХIасан. ШигIраби ва мавлидал / дандегьаби, цеберагIи, баянал Шунилазул (ХIапизов) М.Ш. –

Гьаб мажмугIалде жанире рачун руго ХХ гIасруялъул байбихьуда ЦIоралъул магIарулазул вакил – гIалимчи ва шагIир ЧIарахъа (Динчи росулъа) ЛъикIазул тухумалъул МалламухIамадил вас Малла-ХIасаница (1875–1929) хъварал шигIраби ва мавлидал. Мавлидал Шурагьиб 1910-б соналда Мавраевасул басмаханаялда рахъун рукIана. ШигIраби абуни руго гIага-шагарго добго заманаялда хъван, гьанже ЧIар росдал мажгиталда жаниб батараб даптаралдаса росарал. ТIехь хIисаб гьабураб буго магIарул адабияталъул цIех-рех гьабулезеги, мугIалимзабигун цIалдохъабазеги, миллияб маданият бокьулезеги. Мужалаталда кьун руго Динчи (цебесеб гьурмада) ва ЧIар росдал мажгитазул суртал.

Автор: Хапизов Ш.М.
Год издания: 2013
Ключевые слова: гIасруялъул байбихьуда ЦIоралъул, гIалимчи ва шагIир ЧIарахъа